Ссылки для упрощенного доступа

Украиналъул гIорхъаби цIунулезде тIадекIанцун руго сепаратистазул къокъаби


Украиналъул гIорхъаби цIунулеб хъулухъалъ лъазабуна, президент Петр Порошенкоца хIукуматалъул къуватазе кьагьдей чIезабиялъул режим лъазабун букIаниги, Донецк областалда жидер кIиго посталде ва рагъулаб базаялде тIадекIанцанин россиялъул рахъ ккурал сепаратисталин ва гьелъул хIасилалда анлъго рагъулав лъукъанин.

20 июналда Донецк областалде щвараб мехалда Порошенкоца лъазабуна цорахъалъулаб къагIидаялда анкьалъ кьвагьдей чIезабиялъул режим. Президентасул лъазабиялда абулеб букIана, «кьвагьдеялдаса инкар гьабиялъ» рес кьезе бугин сепаратистазе ярагъ гIодоб лъезейин.

Амма гьеб кколарин дандечIаразул агрессивияб хьвада-чIвади рагъул къуватаз жаваб кьечIого тезе бугин абурабин, жубана гьес. Украиналъул президентас загьир гьабураб «ракълилаб планалъ» бихьизабулеб буго Россиялъулгун гIорхъида буферияб зона гIуцIи ва рагъулаб конфликталда гIахьаллъулел къватIисел пачалихъазул гражданал нахъе иналъе корридор.

ДандечIаразул бутIрузул цояз байбихьудасаго нахъ чIвана президентасул план.

Россиялъул нухмалъиялъ лъазабуна Порошенкол план хIакъикъаталдаги кколин ультиматумин.»
XS
SM
MD
LG