Цо-цо гIалимчагIаз рикIкIунеб буго жакъасеб шартIаз рес кьолеб гьечIин гIисинал мацIал цIунизе. Бищунго гIемер миллатал ругел Дагъситаналда мацIал цIуниялъул проблема загьирлъулеб буго бищунго баянго. Дагъистаналъул къого мацI буго гьанже дунялалъул тIагунеллъун рикIкIунел мацIазул сияхIалда гъорлъ. Гьедин абулеб буго Дагъистаналъул гIелмияб централъул МацIалъул адабияталъул ва маданияталъул институталъул нухмалъулев МахIамад МахIамадовас. Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб университеталъул филологияб факультеталъул декан Ибрагьим Дибировасул рагIабазда, пролема рагIалде бахъуинабиялъул масъалаялда централияб фигуралъун кколев мугIалим кIочон хутIулев вуго жакъа.