Цолъарал Штатал хIадурал руго ГIиракъалда бугеб ахIвал-хIалалда сверун Ираналъулгун кIалъа-басаял тIоритIизе.
Гьелдаго цIадахъ Вашингтоналъ нахъ чIвалеб гьечIо ГIиракъалъул шималияб рахъалда чанго шагьар кодобе босарал исламистазул яргъид гIуцIарал къокъабазде данде чIеялъул мурадалда Тегераналъулгун гьоркьорлъаби гIуцIизе бегьиялъул пикру.
Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица. Гьесулго рагIабазда, «Исламияб пачалихъ ва Леванте» абураб Аль Каидаялъулгун хурхен бугеб гIуцIиялдаса хIинкъи буго жибго ГIиракъалъеги мадугьалил улкабазе гуребги, Цолъарал Штатазеги.
Керрица гьединго нахъ чIвалеб гьечIо, дроназул, ай, пилотал гьечIего роржунел аппаратазул кумекалдалъул исламистазул позициязда кьабиял щвезериялъул галиялде Вашингтон ине бегьиялъул пикруги.
Гьелдаго цадахъ пачалихъияв секретарас лъазабулеб буго ГIиракъалъул хIукуматалъул къуватаз жидерго позицияби щулаго ккун ругин ва Багъдад бахъиялъул хIинкъи гьечIин.