Ссылки для упрощенного доступа

ЕГЭ кьезе нухал ратун руго дагъистаниязда


Гьал къоязда Россиялда лъазаруна Пачалихъалъул цогоял экзаменазул тIоцересел хIасилал. Гьезда рекъон, экзаменал кьурал чагIазул къадар гIемераб гьечIо улкаялдаги, гьелдаго гьоркьоб Дагъистаналдаги. Экспертаз рикIкIунеб буго гьединал хIасилазухъ баркала кьезе кколин исана гIадлу-низам кьваризабуразейин. Амма низам кьваризабиялда цадахъго ратун руго цIалдохъабазе баллал цIикIкIинариялъе нухги.

Дагъистаналда пачалихъалъул цогоял экзаменазул тIоцересел хIасилал гьаруна гьал къоязда: экзаменал кьурал лъималазул бащадаздаги кIун гьечIо балазул бищун гIодобегIанаб къадар босизе. Гьедин лъазабуна гьал къоязда пресс-конференциялда лъайкьеялъул министерлъиялъул нухмалъулев хисулев ШиргIали ГIалиевас. Гьесул рагIабазда рекъон географиялъул гьоркьохъеб балл 35 цIикIкIараб гьечIо, литератураялъуни – лъебериде бахун буго. Жибго географиялъул цогояб экзамен Дагъистаналда кьолеб букIун буго 684 чияс ва гьезда гьоркьоса 339 чиясда экзамен кьезе кIун гьечIо. Литературялъул экзамен республикаялда кьолеб букIун буго 701 чияс ва гьеб кьезе кIун буго 368 чиясда. Экзаменазул лъикIал къиматал щваразул къадарги дагьаб буго – 2-3%. Гьезул хIалтIаби цIидасан халгьабизе руго цогидал регионазда.

Министр хисулес журналистазе гьединго бицана ахирисеб лъабго экзамен кин кьолеб букIарабали Дагъистаналда. РакIалде щвезабила, анкьалъул байбихьуда тIоритIана тарихалъул, информатикаялъул ва биологиялъул экзаменал. Гьел экзаменазда гIадлу хвезабиялъул 49 хIужжа кканилан бицана ГIалиевас. Гьел хIужжабазда гьоркьоса 45 хIужжа телефонал хIалтIизариязда хурхараб букIун буго. Гьединго экзаменазда хадуб халкколезда цо-цоял цIалдолезухъ ратун руго шпаргалкаби ва цо-цоял цIалдолез хIалбихьулеб букIун буго экзаменалъул материалал къватIире росизе.

Лъайкьеялъул системаялъул хIалтIухъабазул профцолъиялъул нухмалъулев МухIамад Амиродиновас рикIкIунеб буго исана Дагъистаналда ЕГЭялъул киналго экзаменазул баллал дагьал рукIинин. «Улбуз батIаго ургъел гьабулеб букIинчIо экзаменазда халкквей букIиналъул. Жиб-жиб соналда рукIунаан харбал чанлъараб низам букIинин экзаменазда, амма киданиги гьединаб низам букIинчIо Дагъистаналда. Гьелдалъун исанаги кверги хьвагIун тана гьел харбал. Улбузда ракIалда букIана гIарцуца тIуралин суалал ва хIасил бихьулеб бугоха», - илан абуна Амиродиновас.

ХIасилаз бихьизабулеб буго цIалдолел лъималазул къадар Дагъистаналда цIакъ дагьаб букIинилан абуна «Эркенлъиялъе» Гъизляралдаса учитель Марьям МухIамадовалъ. Гьелъул рагIабазда рекъон лъимал тIадчIун хIадурлъулел рукIинчIо экзаменазда. «Цогидал регионазда улбуз лъималазе репетирорал кколаан, хасал дарсазде ритIулаан лъимал. Дагъистаналдани гьединал улбузул къадар цIакъ дагьаб буго. Гьанир цIализе лъаларел лъимал ругинги абизе кIоларо. Бокьани нусго балл босулелги гIемер руго Дагъистаналда, амма экзамензда хIадурлъулел гьезда гьоркьосан дагьал рукIанин абуни, мекъи колларо дун», - илан абуна МухIамадовалъ.

Лъайкьеялъул министерлъиялъул нухмалъулев хисулев ШиргIали ГIалиевасул рагIабазда рекъон ЕГЭялда гIахьаллъулел вузаздаса жамгIиял халкколезул къадарги исана дагьаб букIана. Техникияб университет хутIизегIан республикаялда ругел киналго вузазул вакилал ун гьечIо экзаменазда гIадлу-низам чIезабиялъе. ГIалиевасул пикруялда рекъон, гьел чагIи хIадур рукIун гьечIо экзаменал кьварараб режималда ине рукIиналда ва гьеб низам гьезда тIадги тIибитIулеблъи гьезда лъалеб букIинчIо. Щайха вузаздаса жамгIиял вакилал инчIел ЕГЭялда? ГIалиевас абухъе, гьел чагIазул хьул букIун батила гIарац гьабизе амма гьелъие квекIеналги ратун гьел экзаменазда рачIинчIо, гIадада заман хвезабизе щибилан ракIалде ккун батила гьезда.

ГIалиевасул рагIабазда рекъон, цIакъ дагьал гIадлухвезабиял рукIана исана ЕГЭялда ва Дагъистан гьеб рахъалдаса хасаб комиссиялъ тана Россиялдаго экзаменазда бищун дагь гIадлухвезабиял ккараб регионлъун.

ШиргIали ГIалиев: «ХIасилазул аттестация гьабун хадуб абизе кIола цересел соназда дандеккун исана экзаменал гъалатIал ричаччачIого анилан. ГIадлу-низам хвезабиялъул хIужжаби дагьал рукIана. Мисалалъа гъоркьисала ЕГЭ-туризмилан абураб жо баккун букIана. Дагъистаналъул шагьараздаса гуребги, цогидал регионаздаса нилъер росабалъе лъимал ритIулел рукIана II класс лъугьизабизеян. Амма исана гьединал хIужжаби цIакъ дагь рукIана ва гьединал цIалдохъабаз ЕГЭ кьолеб букIана хасаб халкквеялда гъоркь. Абизе бегьула ЕГЭ исана тIобитIанилан гIаммаб къагIидаялъ гIадлу-низам хвезабичIого».

Амма гIадлу-низам кьваризабуниги ЕГЭялда баллал цIикIкIинабиялъул нух Дагъистаналда батун бугин абизе бегьула. ЕГЭялда хадуб халкколел тIоцере гIажаиблъулел рукIун руго щайдай гIемерисел цIалдохъабаз экзаменалъул материалал цо сагIаталдаса нахъе кьолел ругел ва щай гьел цIезарулел гьечIел. «Черновик» газеталъе батун буго жаваб. Минималиял баллал гIечIел цIалдолезул ихтияр буго экзамен кьезе резервалъул къоялда. ГIемерисезул ракIчIун буго резервалъул къоязда экзаменазда гIадлу-низам кварараб букIингутIиялда.

XS
SM
MD
LG