ГIиракъалъул парламенталъ нахъбахъун буго хамиз къоялда тIобитIизе букIараб ва улкаялда гъорхъолъа араб низам чIезабиялъул суал гьоркьоб лъезе букIараб данделъи. Гьединаб низам чIезабизе изну кьеян парламенталда гьарун букIана улкаялъул премьер-министр Нури Аль-Маликица яргъидгIуцIараз Мосул ва цоги шагьарал кверде росулел рукIин бихьун.
Парламенталъул сессия абуни нахъбахъун буго гьениб кворум букIинчIолъиялъ ай депутатал данделъиялде рачIинчIолъиялъ. Талат къоялъ Мосул шагьар кверде босун хадуб, 11 июналда «ГIиракъалда ва Леванталда исламияб пачалихъ» абулеб къукъаялъул яргъидгIуцIараз кверде босун буго Тикрит шагьарги. Лъазабулеб буго гьез Туркиялъул 80-гIан чиги викъун вугин. Гьединго лъазабулеб буго гьанже гьез нух Багъдадалде босун бугинги.
БакIалъул телевидениялъул баяназда рекъон, хIукуматалъул аскараз гьаваялдасан кьаби щвезабун буго Мосулалда ругел яргъидгIуцIаразда. Нури Маликица рагIи кьолеб буго улкаялъул киналго шагьаразда тIад контроль чIезабизе.
НАТОялъул Генералияв секретарь Андерс Фог Расмуссеница лъазабуна жидер идараялда «жеги бихьулеб гьечIин» ГIиракъалъул кризис рагIалде бахъинабиялъулъ жидеца щиб гьабизе кколебалийин.