Ссылки для упрощенного доступа

Мосул яргъидгIуцIараз кверде босун буго


Мосул
Мосул
ГIиракъалда «Аль-КъагIидагун» яргъидгIуцIараз кверщел чIезабун буго кIодолъиялъул рахъалъ улкаялда кIиабилеб бакIалда бугеб Мосул шагьаралда тIад.
Найнава провинциялъул губернатор Атил аль-Нуджаифица лъазабулеб буго «ГIиракъалда ва Леванталда исламияб пачалихъ» абулеб къукъаялдаса яргъидгIуцIараз кверде росун ругин административиял минабиги полициялъул бутIабиги ва гьединго туснахъаздаса риччан ругин киналго жанир тIамун рукIаралинги.
Полициял ва рагъулал гьениса лъутун руго.
Аль-Нуджаифица итни къоялда гIадамал ахIулел рукIана экстремистазде дандечIей гьабизе, амма гьебго къоялъул сардилъ гьев живго лъутун вуго шагьаралдаса.
Гьединго лъазабулеб буго Мосулалда яргъидгIуцIараз Туркиялдаса 28 чи викъун вугинги.
Мосул цебеги букIана «Аль-КъагIидалъ» мугъчIвай гьабулеб шагьарлъун. Гьеб буго Багъдадалдаса 360 километралъул рикIкIалъуда.
Талат къоялда ГIиракъалъул Баакуба шагьаралда чи вукъулеб бакIалда кьвагьи гьабидал хун вуго 15 ва лъукъун вуго 27 чи.
XS
SM
MD
LG