Ссылки для упрощенного доступа

ГIиракъалда чIван вуго 23 ва лъукъун вуго 100-гIан чи


ГIиракъалъул шималияб рахъалда кIиго кьвагьиялъул хIасилалда хун вуго 23 ва лъукъун вуго 100-гIан чи.
Туз-Гьурмату шагьаралъул мэр Шалал ГIабдулица лъазабухъе мина жаниб букIараб юк баччулеб автомашина кьвагьиязабун буго живго чIвалес «Курдистаналъул Патриотикияб Цолъи» ва «ГIиракъалъул Курдистаналъул Коммунист партиялъул» офисазда аскIоб. Кьвагьиялдаса хадуб зарал ккаразе кумекалъе гIадамал ракIарараб мехалда гьабун буго кIиабилеб кьвагьи. Ахирал къоязда гьеб буго курдазул партиязул офисазде данде гьабураб кIиабилеб кIирекъараб кьвагьи. ГьатIан къоялда Дияла провинциялда хун вукIана 17 чи.
XS
SM
MD
LG