ГьатIан къоялда Киевалъул Незалежности майданалда тIобитIана ЖамгIияб вече, ай мажлис.
Гьелда гIахьаллъун вуго лъабнусазарго гIанав чи. Данде ракIарараз тIалаб гьабун руго заман щвелелдего парламенталъул рищиял тIоритIи ва гьезул болжалалъул заман цIай.
Гьединго ТIадегIанаб Радаялде рорчIиялъул балл щугоялдаса лъабгоялде бахъи. Гьенир гьединго ахIиял гьаруна россиялъул къайиялъе бойкот гьабиялъул ва Украиналда ругел Россиялъул предприятиязул хIалтIиялъул цIех-рех гьаби.
УНИАН абураб агентлъиялъ лъазабухъе, вечеялъ тасдикъ гьабун буго цIивищарав президент Петр Порошенкое «малъиял». Гьезда халкъалъул цIаралдаса гьарулеб буго инсанияталъул хазинаби кьучIое росун къанунал хIалтIулеб пачалихъ гIуцIи ва пачалихъиял хъулухъчагIи территориалиял жамгIиятазул тIалабазда рекъон хъулухъалда нахъе вахъиялъул ресал чIезари.
Документалда гьединго абулеб буго нухмалъиялъул децентрализация гьабизе бугеб къварагIелъул хIакъалъулъги.