9 июналда Украиналъул, Россиялъул ва Евроцолъиялъул вакильзабаз Брюсселда тIоритIизе руго иргадулал кIалъа-басаял. Гьез хIалбихьизе буго Россиялъул газалъухъ налъи Киевалъ бецIиялда хурхун кризис рагIалде бахъинабизе.
Россиялъул экономикаялъул министерлъиялъул вакилас лъазабуна, гара-чIвариялда гьоркьоб лъезе бугин Украиналъе бичулеб газалъул багьаялъул суалин.
Еврокомиссиялъул гIахьаллъигун кIалъа-басаязул ахирисеб раунд тIобитIун букIана 2 июналда. Гьелъул хIасилалда цебеккунго газалъухъ мухь кьеялъул механизм хIалтIизе биччаялъул болжал нахъе бахъун букIана I0 июналде.
30 маялда Украиналъул нухмалъиялъ «Газпромалъе» битIана налъиялъул 800 миллион доллар.
Президент Виктор Янукович нухмалъиялдаса махIрум гьавун хадуб, Москваялъ газалъул багьа Киевалъе борхизабуна азарго кубометраялъухъ 268-даса 485 долларалде щвезегIан. Киевалъ гьеб рикIкIунеб буго данде кколареблъун ва лъазабулеб буго гьеб багьа гIодобе бахъизе Россия разилъичIони, жинца хитIаб гьабизе бугин Стокгольмалъул арбитражалдейин.