Мисралъул вукIарав улка цIуниялъул министр ГIабдел ФаттахI ас-Сисица Каиралда президентасул гьа бана Мисралъул халкъалъе.
Инаугурациялъул церемония тIобитIана Конституциялъулаб диваналда. Россиялдаса цIияв Мисралъул президентас гьа баялъул церемониялда гIахьаллъана Пачалихъияб Думалъул спикер Сергей Нарышкин.
Официалияб хIисабалда рекъон, ас Сисие гьаркьал кьун руго рищарухъабазул 97 проценталъ. Президентасул рищиял Мисралда тIоритIана 26-са 28 маялде щвезегIан.
ГIабдел ФаттахI ас-Сиси сон цевеккун нухмалъиялдаса махIрум гьавун вукIана президент-исламист МохIамад Мурсица. Ахирисесул рахъ кколеб, гьанже Мисралда гьукъараб «Бусурбаби-вацал» абураб багъа-башариялъ гьел рищиязе бойкот гьабуна. Б
агъа-башариялъул рахъ кколев аза-азар чи аресталде гъоркье восана. Гьезул нус-нус чи чIвазе хIукму гьабуна диваналъ.