Мисралъул диваналъ чIваялъул хIукму къотIана «Бусурбаби-вацал» абураб багъа-башариялъул 10 лидерасе. Цогиги 38 чиясе гьединаб хIукму загьир гьабизе ракIалда рагIула июлалда. Гьел киназдего гIайиб гIунтIизабулеб буго араб соналъул июлалда тIоритIарал митингазда зулму багъаризабиялъул. Гьеб заманалда рагъулаз тIаса рехана «Бусурбаби-вацIал» нухмалъиялде вачарав президент-исламист МохIамад Мурси.