Цолъарал Штатазул Пачалихъияб департаменталъ жиндирго ургъел загьир гьабуна коммерциялъулал гурел гIуцIиязе «къватIисел пачалихъазул агент» абураб статус чIезабиялъул процедура бигьалъизабулеб къанун къабул гьабиялда бан.
Пачалихъалъул департаменталъул вакил Мари Харфица лъазабуна, Россиялъул нухмалъиялъ къувалъизабунин эркенлъиялъул ва дандеракIариялъул эркенлъиялъул ихтиярал цIунулезде тIадецуйин.
Гьелъул рагIабазда, Россиялъул гражданал мустахIикъал руго «гражданияб жамгIияталъе къимат кьолеб ва демократиялъул кьучIода ругел универсалиялги кьучIиялги хазинабазул адаб гьабулеб хIукуматалъе».
Россиялъул президент Владимир Путиница 4 июналда гъулбасун буго НКОяз жидецаго жидее рехсараб статус чIезабеян гIарза кьолеб гьечIони, гьеб Юстициялъул министерлъиялъе гьабизе нух рагьулеб къанун.