Ссылки для упрощенного доступа

СШАялъул президент Барак Обамаца Москва ахIана Украиналъул президентасулгун гьоркьорлъаби гIуцIиялде


Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца Москва ахIана Украиналъул президент Петр Порошенкогун гьоркьорлъаби гIуцIиялде.

Гьединаб ахIи гьес гьабуна Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмерилгун Брюсселалда букIараб гара-чIвариялда хадуб. Кэмероница лъазабуна "Украиналда халат бахъунеб бугеб дестабилизациялъе ахир лъезе кколин".

Дунялалда бищунго асар цIикIкIараб анкьго улкаялъул лидераз жидерго саммиталда президент Путинида лъазабуна, гьес "Россиялъул дестабилизациялъул асар Украиналда чIезабизе кколин, гурони гьелде данде цIиял санкцияби хIалтIизаризе бегьулин".

Гьединаб галиялде рахъал моцIалдаса ине бегьулин лъазабуна Обамацаги. Саммиталъул ахиралда Еврокомиссиялъул бетIер Жозе Мануэль Баррозуца лъазабуна «КIудияб анкьилаб» Украинагун бугин политикиябги экономикиябги магIнаялдайин».

«КIудияб анкьилабалъул» лидеразда ракIалда буго жидерго хитIаб президент Путинихъе Цолъарал Штатазул, Канадаялъул ва Британиялъул рагъул къуватазул десант Нормандиялда рештIун 70 сон тIубай кIодо гьабулеб тадбир тIобитIулеб мехалда Франциялда 6 июналда кьезе.
XS
SM
MD
LG