Ссылки для упрощенного доступа

ГIиракъалъул Самарра шагьаралде тIадекIанцIун руго экстремистал


«Аль Каидаялде» хурхен бугел боевикал хамиз къоялда тIадекIанцIун руго ГIиракъалъул Саммарра шагьаралде. France-Presse агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, чIван вуго анлъго чи, 24-яв лъукъунги вуго.

ТIадекIанцIараз ккун буго шагьаралъул чанго мухъ ва Саммарраялъул рагIаллъиял. Лъазабулеб буго суннитазул экстремистиял къокъаби шагьаралде жанире рачIанин аватомобилазда рекIун, батIи-батIиял рахъаздасайин.

Гьел гьединго тIадкIанцIун руго шагьаралъул цо мухъалда бугеб контролалъул пункталде, чIван руго гьенир рукIарал полициялъулал ва рухIун руго гьезул автомобилал. 350 азарго чияс гIумру гьабураб Самарраялда буго шиитазул хазина - Аскария абураб ва Меседил мажгитал.

Гьенир вукIун рагIула гьезул 12 имам. Гьаб соналъул январалдаса байбихьун Анбар провинциалда Фаллуджа ва Рамади шагьаралъул чанго мухъ буго «Исламияб пачалихъ ва Леванте» абураб экстремистияб гIуцIиялъул боевиказул контролалда гъоркь.
XS
SM
MD
LG