Ахирисеб соналда жаниб Россиялде бербалагьи дунялалда бихьулеб къагIидаялда квешлъун буго.
Гьеб бихьизабулеб буго Би-Би-Сиялъул тIолабго дунялъул хъулухъалъ тIадкъан гьабураб социологияб цIех-рехалъ.
Ахирисеб 9 соналда жанир гьарурал цIех-рехаз Россиялде негативияб бербалагьи загьир гьабуна гьикъа-бакъи гьабуразул 45 проценталъ. Россиялде ругел симпатиял загьир гьаруна респондентазул 31 проценталъ.
Бищунго квешаб къагIидаялда Россия бихьулеб буго Европаялдаги Шималияб Америкаялдаги.
Позитивияб бербалагьи аслияб къагIидаялда загьир гьабулеб буго Азиялъул улкабазул гражданаз. ЦIех-рехалъул аслияб бутIа тIобитIун буго Россиялъ Крым бахъилелда ва Украиналъул машрикъалъул рахъалда загьирлъарал хIужжабазда цере.
Амма гьеб мехалда Москваялда хурхун халуцин цIцIикIкIунеб букIанин Сочиялъул Олимпиял хIаязде, Ходорковский ва Pussy Riot абураб группаялъул гIахьалал ясал эркен гьариялде балагьичIогоян, абулеб буго Мэрилендалъул университеталъул халкъазда гьоркьосеб политикаялда ругел гьоркьорлъабазул цех-рех гьабиялъул программаялъул директор Стивен Куллица.
Гьикъа-бакъияз бихьизабухъе, дунялалда Цолъарал Штатаздеги бербалагьи квешлъун буго. Гьеб улкаялда бан негативияб бербалагьи загьирлъулеб буго ахирисеб лъабго соналда жаниб.
ЦIех-рехалда гIахьаллъун вуго 24 улкаялдаса 25 азаргогIанав чи. Гьел киназдаго гьарун букIун буго батIи-батIиял улкабазул ва Евроцолъиялъул хIалкъаздагьоркьосеб асаралъе къимат кьеян абун.