Украиналъул гIорхъаби цIунулезул хъулухъалъ лъазабуна, Россиялъулгун гIорхъода Украиналъул цогIаги гражданас гьаричIин Россиялъул Федерациялда лъутIун чIаразул статусин.
Гьеб идараялъул хIисабалда россиялъулгун гIорхъи бахунеб буго гIага-шагарго цебе букIарабго гIадаб гIадамазул къадаралъ. Ай, сордо-къоялда жаниб Россиялъул рахъалде унев вуго 11 азаргоялдаса цIикIкIун чи, гьедигIанабго къадар нахъеги буссунеб буго.
ГIорхъода аскIобехун Украиналъул рагъул къуватаз операция тIобитIиялъе гIоло лъутулезул къадар цIцIикIкIунеб букIиналда бан Ростовалъул нухмалъиялъ лъазабун букIана гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хал.
Ростов обаласталъул нухмалъиялъул хIисабалда араб сордо-къоялда жаниб Украиналдаса гIорхъи бахун буго 7 азарго чияс.