Ссылки для упрощенного доступа

Б. Обама: «Цолъарал Штатаз къабул гьабулеб гьечIо Крымалъул оккупация.»


Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца цIидаса тасдикъ гьабуна, гьесул улкаялъ Польшаялъул ва Централиябгун Машрикъалъул Европаялда ругел НАТОялъул цогидал улкабазул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул тIадеросиял тIуразаризе рукIиналъул пикру.

Польшаялъул парламенталде тIоцересел эркенал рищиял тIоритIун 25 сон тIубаялъул байрамалда цеве вахъунаго, гьес лъазабуна Польша, Эстония, Латвия, Литва, Румыния киданиги хутIизе гьечIин жалгойин.

25 соналъ цебе Польшаялда букIараб ахIвал-хIалги жакъа Украиналда загьирлъулеб хIакъикъатги данд бан, Обамаца лъазабуна гьезда гьоркьоб чанги релъарал жал ругин. Гьесул рагIабазда, Цолъарал Штатаз къабул гьабулеб гьечIо Крымалъул оккупация ва Украиналъул суверенитет хвезаби.

«Россиялъ халат рахъинарулел провокациябаз рачине бегьула дагьалъги гьеб улкаялъул изоляциялде ва гьелъие кIудияб зарал ккеялде». – ян жубана гьес.

Барак Обама Варшаваялда дандчIвана Украиналъул гьанже вищарав президент Петр Порошенкогун. Политиказ гьоркьоб лъун буго Украиналъул машрикъалъул рахъалда бугеб ахIвал-хIал рукIалиде бачине бегьулел ракълилал галабазул, экономикияб кумекалъул ва Украиналде Россиялъул энергосистемаялдаса бугеб асар дагьлъизабиялъул суалал.
XS
SM
MD
LG