Премьер-министр Мариано Рахойица лъазабуна, Испаниялъул къирал Хуан Карлосица жиндирго вас Филиппие нух рагьун, тахалдаса инкар гьабулеб бугин.
Гьесулго рагIабазда, «монарх нахъе унев вуго хасал багьанаби рукIун». 76 сон барав къираласул проблемаби руго сахлъиялъул. Ахирисеб чанго сониджа жаниб гьесие гьабуна чанго операция.
Хуан Карлос I де Бурбон Испаниялъул бетIерлъун вукIана I975 соналдаса. Гьесул машгьурлъиялъ кIудияб квербакъи гьабуна Франкол диктатураялдаса улка демократиялде буссиналъе. Информалатаз лъазабулеб буго, ахирисеб заманалда гIадамазул рази гьечIолъи баккун бугин монархиялдаса. Гьелъие багьаналъун цо-цояз рехсолеб буго, къираласул яс Кристинал коррупциялде хурхун бугин абурал лъазабиялги.