Ссылки для упрощенного доступа

«Газпром» - «Нафтогаз Украины»: дагIба халат бахъунеб буго


«Газпромалъ» лъабабилелдаса ичIабилеб июналде бахъун буго Украина газалъухъ цебеккун гIарац кьеялъул режималде буссинабиялъул заман. Компаниялъул бетIер Алексей Миллерица лъазабухъе, Киевалъ гьеб заманалде маялъул гIарац битIизе кколеб буго Киевалъ.

30 маялда Украиналъул нухмалъиялъ «Газпромалъе» кьун буго 800 гIанаб миллион доллар. Киевалъ лъазабулеб буго, жинца тIубанго гIарац кьунин босараб газалъухъин. Амма Москваялъ абулеб буго, Украиналъ жиндирго тIадеросиял тIуразаричIин.

Россиялъул эенергетикаялъул министр Аленксандр Новакил хIисабалда, маялъул ахиралда жиндихъ мухь кьечIого хутIун буго газалъул 10 миллиард кубометр.

Итни къоялда «Нафтогаз Украины» компаниялъ «Газпромалде» битIун буго 2009 соналда гьабураб контракталъул шартIал хисизариялъул церелъеял ругеб проект.
XS
SM
MD
LG