Афгъанистаналъул гъорхъода Пакистаналда букIараб рагъулъ чIван вуго 16 изну гьечIого яргъидгIуцIарав. Associated Presse-алъ, пакистаналъул нухмалъиялда мугъчIвайги гьабулаго лъазабулеб буго, шамат къоялъул радал ярагъ борчарал гIадамаз Баджур абулеб мухъалда гьужум гьабунин аскариязул кIигониги чIовудабакIалде ва гьелъул хIасилалда цо солдат чIван кIигояв лъукъун вугин. ТIадекIанцIаразе жавабияб кьаби щвезабун буго авиациялъ. Гьелдаса хадуб ккун буго чанго сагIаталъ халат бахъараб рагъулаб тунка-гIуси.
Гьужумалъул жавабчилъи жеги лъицаго тIаде босун гьечIо. БакIалъул нухмалъиялъ абулеб буго гьеб гьужум пакистаналъул тIалибаз гьабураб букIине рес бугин.
Гьужумалъул жавабчилъи жеги лъицаго тIаде босун гьечIо. БакIалъул нухмалъиялъ абулеб буго гьеб гьужум пакистаналъул тIалибаз гьабураб букIине рес бугин.