Афгъанистаналъул Гъазни провинциялда 31 маялда нухлул рагIалда лъураб минаялде тIадеккун хун вуго 12 гIадатияв чи, гьезулги анкьгояй йикIун йиго чIужугIадан, лъукъун вуго кIиго чи. Гьедин лъазабулеб буго бакIалъул нухмалъиялъ. Гьеб мухъалъул губернаторасул рагIабазда рекъон, гьел гIадамал унел рукIун руго берталъе. Гьеб кьвагьиялъул жавабчилъи жеги лъицаго тIаде босун гьечIо. ГIадатияб куцалда тIалибаз нухазда лъолел минабазул хIинкъи буго аскариязе ругебги гIадатияб халкъалъеги.