Ссылки для упрощенного доступа

Славянскалда бортизабун буго рагъулаб тирело


Славянскалда гъоркьехун сепаратистаз бортизабун буго Украиналъул рагъулаб тирело. Хун вуго, ахирисел баяназда рекъон, гьелда тIад вукIарав 10 чи, гьездаго гьоркьов генерал-майор Сергей Кульчицкийги. Гьев гьединго кколаан Украиналъул жанисел ишазул министерлъиялда рагъулаб хIадурлъиялъул ва хасаб лъадариялъул идараялъул нухмалъулевги.
Улкаялъул президентасул ишал тIуразарулев ва ТIадегIанаб Радаялъул нухмалъулев Александр Турчиновас хамиз къоялъул радал депутатазда цеве кIалъалаго лъазабун букIана хварав 14 чиясул.
Гьебго заманаялда «Донецкаялъул халкъияб республикаян» абулеб гIуцIиялъул премьер Александр Бородайица лъазабуна 26 маялда Донецкалъул аэропорталда рагъ унаго 100 чи чIван вугин ва гьездаго гьоркьов-гьес абухъе- Россиялдаса 33 чиги вугин.
XS
SM
MD
LG