Ссылки для упрощенного доступа

Сомалиялда радикалаз парламенталде тIаде кIанцIана


Сомалиялда яргъид гIуцIарал радикалиял бусурбабазул «Аш-Шабаб» абулеб къукъаялъ гьужум гьабуна парламенталъул минаялде.

Цин жаниб бахчун тараб бомбагун автомобиль кьвагьизабун, цинги жалго жидецаго чIвазе хIукму гьабурал парламенталъул минаялде тIаде кIанцIана. Доб параялъ минаялда чанго депутат вукIун вуго.

НугIзаз абухъего жавабияб кьвагьи гьабун, анлъго яргъид гIуцIарав чIван вугин. Гьединго чIван вуго цо солдатги.
XS
SM
MD
LG