Россиялъул президент Владимир Путиница Санкт-Петербургалда тIобитIулеб экономикияб форумалда цеве вахъун абуна, нагагьлъул Россиялде данде Магърибалъ ва Америкалъ санкциял лъазаруни – гьелдалъун бумерангалъул хIасил баккилин кватIичIого. Гьеб баянаб жо бугин ва ахир-къад гьелъ асар гьабизехъин бугин гьединал санкциял лъазарурал улкабазул экономикаялъе, ян тIаде жубана Путиница.