АрбагI къоялъ Шанхаялда Россиялъул «Газпром» идараялъул ва CNPC абулеб нартилгун газил компаниялъул вакилзабаз гъулбасал лъуна Китаялде Россиялъул газ битIиялъул къотIи-къаялда гъоркь.
30 соналъулаб гьеб къотIиялда рекъон Китаялъе биччалеб россиялъул газил санайил къадар 38 миллиард кубометралде бахине буго. КъотIи-къаялъул багьа 400 миллиард долларалде бахунеб буго.
Гьадин лъазабуна Газпромалъул бетIер Алексей Миллерица. Рехсараб къотIи-къай гьабун буго Россиялъул президент Владимир Путиница Китаялде сапар бухьулел къоязда.