Ссылки для упрощенного доступа

А. Турчиновасул ракI чIараб буго Украиналъул тIолголъи нахъ буссинабизе бажаризе букIиналда


Крымалъул татаразул халкъалъул депортация гьабун 70 сон тIубаялда бан, Украиналъул президентасул ишал тIуразарулев Алексаандр Турчиновас гьабуна хасаб хитIаб.

Гьелда абулеб буго, репрессияз хвезабичIин Крымалъул татаразул эркенлъиялде ва ватIаналде нахъ руссиналъул хьулалин. Турчиновас загьир гьабуна «Миллияб ишара ракIалде босун депортация гьабуразул ихтиярал нахъ руссинариялъул хIакъалъулъ» абураб ТIадегIанаб Радаялъ къабул гьабураб къануналъ Украиналъул ракьалда Крымалъул татарал нахъ руссиналъе данде колел шартIал чIезаризе рес кьезе букIиналъул хьул. Улкаялъул бетIерасул рагIабазда, гьесул ракI чIараб буго Украиналъул пачалихъияб тIолголъи нахъ буссинабизе бажаризе букIиналда.
XS
SM
MD
LG