Ссылки для упрощенного доступа

Крымалъул татаразул депортация гьабун 70 сон тIубаялда бан, Вашингтоналъ гьабуна жиндирго лъазаби


Цолъарал штатазул Пачалихъияб департаменталъ жиндирго лъазаби гьабуна 70 соналъ цебе Крымалъул татаразул 230 азаргоялдаса цIиккун чиясул депортация гьабун 70 тIубаялда бан.

Гьел гIадамазул бащдаб гIанаб къадар, аслияб къагIидаялда руччаби ва лъимал хвана 1944-1947 соназда. Крымалъул татаразул гIемерисезда гьеб трагедия гьанжеги буго ботIролъ.

Росссиялъул оккупациялъ ва Крымалъул аннексиялъ гьезул херал ругънал рагъаризарунин, абулеб буго лъазабиялда. Америкаялъул къватIисел ишазул идараялъул хIисабалда, Крымалда инсанасул ихтиярал хвезариялъул сияхI, халалъулеб буго щибаб анкьида. Крымалъул татарал ва цогидал халкъазул вакилзаби чIвай, рухи ва рикъи гIадатияб практикаялде буссун бугин. Крымалъул татаразде тIадекIанцIиял гьарулел руго, гьезие гьукъулеб буго рахьдал мацIалда кIалъазе, жамгIияталъул лидер МустIапа Джамилевасе щуго соналъ гьукъун буго ватанIалде щвезе.

Крымалъул татаразе бугеб хIинкъиялда бан, Вашингтоналъ тасдикъ гьабулеб буго жинца гьеб халкъалъул рахъ кколеб букIинин, абулеб буго лъазабиялда.
XS
SM
MD
LG