Ссылки для упрощенного доступа

«Рокомнадзоралъ» Twitter къазе гьечIо


«Рокомнадзоралъул» нухмалъулев хисулев Максим Ксензовас нахъ чIван буго, жидер идараялда ракIалда бугин Twitter къазейин абун жинцаго гьабун букIараб лъазаби. Гьес загьир гьабуна социалияб сурсаталъ «къваригIараб хIалтIи» гьабизе букIиналъул хьул.

Рузман къоялда «Известия» газетьалъ бахъараб интервьюялда гьес лъазабун буго, жидер идараялда «чанго минуталда жаниб бажарулин Twitter яги Facebook гIадал сурсатал Россиялда къазейин. Гьесда гьеб къаялда киналгIаги проблемаби рихьулел гьечIо.

«Роскомнадзоралъ» лъазабулеб буго Twitter-ералъул нухмалъиялъ ккун бугин «конструктивияб гуреб позицияйин». Гьелъ чIван къотIун инкар гьабулеб бугин къануналде данде кколареб информация нахъе бахъизейян.

Хъулухъчиясул лъазабиялъ бижинабуна улкаялъул премьер-министр Дмитрий Медведевасул хъачIаб критика. Гьес гьесде абун буго Россиялда гьединаб гали гьабиялда цебе «тIоцебе бетIер хIалтIизе биччазе кколин».
XS
SM
MD
LG