Ссылки для упрощенного доступа

ООНалъул ургъел ккун буго Украиналда сверун бугеб ахIвал-хIалалда бан


Цолъарал миллатазул гIуцIиялъ лъазабулеб буго Украиналда инсанасул ихтияразда сверун «ургъел ккезабулеб къагIидаялъ» ахIвал-хIал хIалуцунеб бугин.

ООНалъул инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун идараялъул бетIер Нэви Пиллейил рузман къоялда бахъараб докладалда ургъел загьир гьабулеб буго гьединго Россиялъ бахъараб Крымалда татаразул жамгIияталъул вакильзабазе хIинкъиял кьун тIадецуй гьабулеб букIиналда бан.

Украиналъул машрикъалда хIукуматалде данде чIарал къокъабаз Крымалъул татарал чIваялъул, рикъиялъул, рухиялъул ва гIазаб кьеялъул мисалал рачунел руго гьеб докладалда.

Жинцаго живго Крымалъул премьер-министрлъун лъазавурав Сергей Аксеновас 6 июналде щвезегIан гьукъун буго гIемер гIадамал гIахьаллъарал акциябиги тадбиралги тIоритIизе. Бахъараб буюриялда абулеб буго, гьединаб «хIукму хурхараб бугин Украиналъул жанубиябгун машрикъалъул рахъалда загьирлъулеб ахIвал-хIалалдайин.

Гьениб гражданаяб хIалкъалда гъорлъ хваралги зарал ккаралги рукIиналдайин, провокацияби гьаризе ва Крымалъул республикаялда курортазул сезон хвезабизе рес букIиналдайин».

Крымалъул татаразул планалда букIана I8 маялда Сталиница жидерго халкъалъул депортация гьабун 70 сон тIубаялда хурхараб митинг ва марш тIобитIизе.
XS
SM
MD
LG