Ссылки для упрощенного доступа

Вьетнамалда чанго китаялъулав чIван вуго


Вьетнамалда Китаялде данде протест загьир гьабиялъул тунка-гIусиялде буссараб акциялъул хIасилалда хун вуго 20-ялдасаги цIикIкIун чи. Аслияб къагIидаялда гьел рагIула китаялъулал.

Гьелъул хIакъалъулъ «Рейтерс» агентлъиялъе лъазабун буго Хатинь провинциялъул медиказ. Гьезулго лъазабиязда рекъон, гьел гIадамал хун руго цебесеб сордоялда. Азарханаялде щвезавун вуго анцI-анцI лъукъарав.

Гьебго мехалда Вьетнамалъул информалатаз лъазабулеб буго хварав цо китаялъуласул хIакъалъулъ.

Китаялде данде приотестал загьирлъиялъе гIиллалъун кколеб рагIула кIиябго улкаялъ жидерголъун рикIкIунеб Жанубияб Китаялъул ралъдал территориялда нарт бахъулеб система Пекиналъ гIицIизе байбихьи.
XS
SM
MD
LG