Россиялъул къватIисел ишазул минстерлъиялъ лъазабулеб буго, жидеда щибниги лъаларин «Донецкалъул халкъияб республика» Россиялде гъорлъе босиялда хурхараб гьариялъул хIакъалъулъин.
Информалатазда гьелъул хIакъалъулъ гIемер бицунеб букIаниги, гьединаб официалияб гьариялъул хIакъалъулъ жидеда щибниги рагIинчIин лъазабуна, Россиялъул къватIисел ишазул идараялъул вакиль Александр Лукашевичица. Гьес къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасул рагIаби такрар гьарун, жубана, «гьанже бугеб аслияб масъала кколин Украиналда гражданияб рагъ багъариялъул хIинкъи тагIинабиян».
12 маялда тIобитIараб референдумалда хадуб Донецкалъул сепаратистаз жидерго территория лъазабуна лъиданиги бачIеб пачалихълъун ва Москваялда гьарана жал Россиялде гъорлъе росеян.