Ссылки для упрощенного доступа

Улкаби цIуниялъул бюlжетал цIикIкIинаризе бегьула НАТОялъул улкабаз


НАТОялъул генералияв секретарь Андерс Фог Расмуссеница лъазабуна, Шималияб Атлантикаялъул альянсалъул улкаби цIуниялъул бюджетал дагьлъизари, хасго Машрикъалъул ва Централияб Европаялъул улкабазда данде кколареб гали кколин, хасго Россиялъ жиндирго рагъулаб бюджет цIикIкIинабулеб къадаралде балагьунин.

Гьединаб лъазаби гьес гьабуна Братиславаялда тIобитIулеб хIинкъигьечIолъиялъул конференциялда. Расмуссеница кIвар буссинабуна Россиялъ улка цIуниялъул бюджет анцIгоялдасаги цIикIкIун проценталъ цIикIкIинабулеб букIиналде.

Гьебго заманаялда Европаялъул улкабазул рагъулаб бюджет 20 гIанаб проценталъ дагьлъун букIиналде. «Заман щун буго улкаби цIуниялъул гIарцил даража гIодобе кколеб букIин чIезабун ситуация гIагсаб рахъалде буссинабизе», - ян абуна НАТОялъул бетIерас.

Гьес гьединго лъазабуна, Россиялъ Украиналда кризисалъул деэскалациялъе щибниги гьабулеб гьечIин.

Братиславаялда тIобитIулеб хIинкъигьечIолъиялъул лъабгокъоялъулаб конференциялда гIахьаллъулел руго Словакиялъул, Польшаялъул, Венгриялъул ва Чехиялъул премьер-министрал. Гьелъул аслияб темаги хурхараб буго Украиналъул кризисалъ раккизарулел хинкъигьечIолъиялъул рахъалдаса проблемабазда.
XS
SM
MD
LG