Ссылки для упрощенного доступа

Москваялъ Киев ахIулеб буго Россиялъул рахъ ккуразулгун кIалъа-басаязде


Россиялъул нухмалъиялъ абулеб буго Украиналъул нухмалъиялъ россиялъул рахъ ккурал сепаратистазулгун кIалъа-басаял тIоритIизе кколин Машрикъалъул Украиналда тIоритIарал «гьикъа-бакъиязда» хурхунин.

Лъазабулеб буго Россиялъ адаб гьабулеб бугин Луганск ва Донецк обаластазда тIоритIарал "референдумазулин".

Халкъазда гьоркьосел тохалчагIи рукIинчIел «гьикъа-бакъиязул» хIасилал жидеца къабул гьаруларин лъазабулеб буго Украиналъул нухмалъиялъ.
XS
SM
MD
LG