Ссылки для упрощенного доступа

Украина разилъулеб гьечlо газалъухъ гIарац цебеккун кьезе


Украиналда ракIалда гьечIо «Газпромалъе» россиялъул газалъухъ цо кубаялъухъ 485 долларалда бащадаб гIарац цебеккун кьезе. Гьедин лъазабуна Украиналъул цIатариялъул ва энергетикаялъул рахъалъ министр Юрий Проданица. Гьес гьединго абуна Украиналъ арбитражалъул диванаханаялде гIарза хъвазеги рес бугин «Газпромалъ» гьанжеялде бичараб газихъ налъул суалалда тIасанин.
Жакъа Украиналъе Россиялъ газ бичулеб буго Европалъе бичулелдаса ункъго бутIаялъ хираго.
Россиялъул энергетикаялъул министр Александр Новакица хамиз къоялда лъазабун букIана 2014 соналъул июналдаса нахъе Москваялъ Украиналъе газ цебеккун гIарац кьун гурони бичизе гьечIин ва гьелъие гIиллалъунги гьеб улкаялъул Россиялда цебе газалъухъ бугеб налъи кколин.
Россиялъ абулеб буго маялъул авалалде гьеб налъи лъабгогун бащдаб млрд. долларалда бащалъулеб бугин. Киевалъ рикIкIунеб буго гьеб тарих цIакъго кIодо гьабун бугин.
Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкица абун букIана арбагI къоялда исана тIоцебесеб кварталалда букIараб багьаялда рекъон ай цо кубаялъухъ 268 доллар толеб бугони Украиналъ Россиялда цебе бугеб налъи 10 къоялда жаниб бецIулин.
XS
SM
MD
LG