Соналдаса соналде мигьлъулел руго рагъул ветераназул кьерал. Цебесеб соналъ Бергьенлъиялъул байрамалда дандчIвай гьабуралги, тIасияб соналде Расулил ХъахIал къункърабилъун аб дунялалъе къо лъикIги гьабун ун ратулел руго. Жакъа республикаялда чIаго хутIразул ветераназул къадар буго 537 чи. МугIрузул мухъазул цо-цо росабалъ гьезул цониги чи хутIичIебги росу буго. Бергьенлъиялъул къоялда цебе нижеца ракIарана жакъа нахъе ругел цо-цо ветераназул суратал. Гьел данде гьаруна: Юсупов Ашаханица
Жидер баракат кlудиял ветеранал

1
Шамил мухъалъул Мачlадаса Якъубов Гlумар

2
Мамедбекова Нина. Астрахань шагьаралда гьаюрай. Гьей ана Дагъистаналдаса чиясе росулъа. Росги гьейги кlиялго рукlана рагъда цадахъ. Рагъ лъугlун хадуб гочана Махlачхъалаялде, гьелдаса нахъе гьений йиго гlумру гьабун

3
Мухlамадов Гlаликъади. Гъуниб мухъалъул Кlогьориб росулъа

4
Зиявудинов Мухlамад ккола Чlарада мухъалъул Доронуб росулъа. Жакъа къоялъ гьев ккола Чlарада мухъалда чlаго ругел рагъул ветераназул цо хlутlарав чи.

5
Шамил мухъалъул Ракьуб росулъа Гlалиев Мухlамад

6
МелъелтIаса ХIасанов Абакар. Гьесул буго нусго сон, жеги щулияб канлъи буго гьесул. ЦIороберал рачIого цIалула Къуръан. (Гебеков Гебек)

7
МелъелтIаса рагъул ветеран МухIамадов Мавлут. Берзул канлъи дагьлъизегIан гIемерал соназ хIалтIана росдал будунлъун. Жакъаги лъикIаб чIаголъиялда вуго. РакIалда руго киналго жидирго рагъулал нухал. (Гебеков Гебек)

8
Гумбет мухъалъул Ч1иркъат1а росулъа Мухlамадов Къурбан (бакьулъ)