Ссылки для упрощенного доступа

Славянскалда рагъ


Сепаратистаз кверде росун ругел Славянскалъул административиял минабазде жанибе гIемераб кьвагьулеб жо баччулеб букIана арбагI къоялда. Гьедин лъазабулеб буго Украиналъул жанисел ишазул министерлъиялъ. Гьезулго баяназда рекъон, кьвагьулеб жо баччулеб букIана ХIинкъигьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул минаялдеги, прокуратураялдеги, милициялдеги, горисполкомалдеги.
Лъазабиязда абулеб буго гIадатиял гIадамаз бицунеб бугин улкаялъул низам цIунулез иргадулаб гьужум байбихьараб мехалда гьез гьел административиял минаби кьвагьизаризе ругин.
Цебе лъазабулеб букIана Славянскалъул рагIалда рагъ унеб бугин. Сепаратистазул ярагъ борчараб къукъаялъ къасд гьабун букIун буго шагьаралдаса къватIире рорчIизе, амма Украиналъул аскарияз гьезие гьеб рес кьун гьечIо.
АрбагI къоялъул сардилъ Украиналъул аскарияз байбихьун букIана Славянскалде гьужум гьабизе. Шагьаралда хьвадулеб гьечIо транспорт, гIадамал рахъунел гьечIо къватIире ва цо-цоял сордо банцин хIалтIудаго чIолел руго. Гьедин лъазабулеб буго УНИАНалъ.
XS
SM
MD
LG