Ссылки для упрощенного доступа

Прокуратура: Сердюковасе амнистия битlун гьабун буго


Россиялъул улкацIуниялъул министрлъун вукIарав Анатолий Сердюков, 09Oкт2012
Россиялъул улкацIуниялъул министрлъун вукIарав Анатолий Сердюков, 09Oкт2012
Россиялъул рагъулазул аслияб прокуратура разилъун буго тасамахIлъиялда гIайиб гIунтIизабулев вукIарав улкацIуниялъул министрлъун вукIарав Анатолий Сердюковасе гьабураб амнистия къануналде данде кколеб бугин абуралда. Гьедин хъвалеб буго «Коммерсанталъ».
Прокуратураялъ гьединго лъазабулеб буго «Оборонсервисалда» цIогь гьабиялъул ишалъул цIех-рех жеги лъугIун гьечIин ва гьеб лъугIараб мехалда жидеца кьезе бугин Сердюковасул хIаракатчилъиялъе юридикияб къиматин.
Цебе рехсараб прокуратураялъул щаклъи ккун букIана Сердюков ВатIан цIунаравлъунги лъазавун амнистия гьабулезул сияхIалде ккей къанунияб букIиналда. Гьеб амнистиялъул цIидасан хал гьабейин прокуратураялде гIарза хъван букIана Крммунист партиялъул рахъалдасан Думаялъул депутат Валерий Рашкиница.
Анатолий Сердюков улкацIуниялъул министрасул хъулухъалдаса рехун вукIана 2012 соналда гьесул идараялда кIудияб цIогь тIатун хадуб.
Экс-министрас живго гIайиб бугевлъун рикIкIунев вукIинчIо ва сурав босулелъув вуцIцIун чIун вукIана. Гьесие амнистия гьабун букIана 21 февралалда.
XS
SM
MD
LG