«Дагъистаналда ахIвал-хIал хIалуцараблъун хутIулеб букIин бихьулеб буго», - ян абуна экспертас ва тIаде жубана цебе нухалъ жив гьаниве щун вукIараб мехалдаса хисараб жо бихьичIилан. Амма, гьесул рагIабазда рекъон,
Дагъистаналда кколел лъугьа-бахъиназул цебе гIадин гIемер бицунеб гьечIо Россиялъул информалатаз. Гьелъие гIиллалъун ккола жакъа Украиналда бугеб ахIвал-хIал. Информагентствобаз цIикIкIараб кIвар кьолеб буго гьениса рачIунел цIиял харбазе.
Гьанибго тIаде жубала, Кавказалъул республикабазда бугеб ахIвал-хIалалъе россиялъулаз лъикIаб къимат кьолеб буго гьанже. Гьединал лъазабиял гьаруна гIадамазул пикраби лъазарун цIех-рехал гьарулеб «Левада-централъ».
«Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIал ва гьелда тIаса россиялъулазул пикраби» илан абураб цIех-рехалъул хIасилал тIатинаруна «Левада-централъ».
Гьединабго цIех-рех январалдаги гьабун букIана. Гьеб мехалда Шималияб Кавказалда ахIвал-хIал лъикIаб бугилан абулел цIех-рехалда гIахьаллъарзда гьоркьор гIемер ратичIо – 18% гурони.
Гьанжени гьединал пикраби ругезул къадар 45% бахана. «Левада-централъул» директор Лев Гудковасул пикруялда рекъонги, Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIалалъе россиялъулаз лъикIаб къимат кьолеб буго Украина сабаблъун.
Гьес абухъе, Россиялъул югалъул республикабазда лъикIалин абизе бегьулел хиса-басиял гьечIо: тунка-гIусиял, кьвагьи-квагьдеял, хасал операциял гьоркьоса къотIулел гьечIо цо-цо регионазда, амма гьезул бицунеб гьечIо информациялъул алатаз.
Казенинил пикруялда рекъон, информалатазул Кавказалдехун гьанже баккараб политика цояб рахъалдаса лъикIаблъун бихьула – гIемерисала информагентствобаз цере рахъулел рукIана расниги кIвар бугеб суал гъорлъ гьечIел макъалаби, гьенирги квешал гурел рахъал рихьизарулел рукIинчIо.
«Амма цогидаб рахъалдаса балагьани, республикабазул нухмалъиялда ккезе бегьула информагентствобазе гьанже Кавказалъул ургъел гьечIин ва добго ришватчилъиялъул такъсирал цIикIкIине бегьула», - ян абуна Казениница.
Казенин гьединго терроралде дандекъеркьеялъул суалалдаги хъинтIана. Инсанасул ихтиярал цIунулез кидаго бицунеб букIуна цебе терроралде данде къеркьолел рукIанин батIи-батIиял механизмалги хIалтIизарун ва 2013 соналдаса байбихуьн цохIо къуваталъул нух тIаса бищанин.
Казениница рикIкIунеб буго къуватги гьечIого терроралде дандекъеркьезе кIоларин. Амма гьеб кьеркьеялда цохIо къуватги хIалтIизабун бергьизе кIвезе гьечIоян тIаде жубана экспертас.
РакIалде щвезабила, цодагьалъ цебе «Эркенлъи» радиоялъе «Кавказский узел» сайталъул бетIерав редактор Григорий Шведовас абун букIана 2012 соналъулги 2013 соналъулги «Кавказский узелалъ» гьабураб оперативияб статистикаялъул хал гьабуни, бихьизе буго араб соналда терроралъул такъсиразда чIваразул ва лъукъаразул къадар дагьлъараблъи.
Гьеб статистикаялъ бихьизабулеб буго къуваталъул нухалъ лъикIал хIасилал кьолел рукIин. Амма Шведовас гьединго абун букIана жакъа къоялда къуваталъул нухалъ лъикIал хIасилал кьолел рукIаниги, бачIунеб заманалда гьеб нухалъ республика бачине бегьулин рагъулаб конфликталде.
Казенин рази вуго Шведовгун. Экспертас ракIалде щвезабуна Дагъистаналда терроризмалъулги радикализмалъулги бицунеб мехалда, гIемерисала абулин диалог къваригIун бугин, МухIамадсалам МухIамадов президентлъун вукIараб мехалда гьеб диалогги букIанин, амма Рамазан ГIабдулатIипов вачIарав мехалда – гьоркьоса къотIанин.
Казенинил пикруялда рекъон, хIукуматалъе гьеб диалог бокьиялда яги бокьунгутIиялда бараб жо гьечIо. Суал буго – гьеб диалогалда щал гIахьаллъилел. Дагъистаналъул бусурбаби цохIо суфиязда ва салафитазда рикьун руго хIукуматалъги, экспертазги, низам цIунулезги.
Амма батIи-батIиял росабазда, шагьаразда, мухъазда ахIвал-хIалги батIи-батIияб бугин абуна Казениница.
Константин Казенин: «Мухъазда, росабалъ кинаб ахIвал-хIал бугебали халгьабуни, бихьизе бегьула, мисалалъе, суфиял батIи-батIиял рукIин. Гьезда гъорлъ руго бусурбабазул динияб идараялъул рахъкколлеги, жидерго нух тIаса бищаралги, мазгьаб батIиял ругелги.
Гьединабго ахIвал-хIал буго салафитазда гьорлъги. Дагъистаналъул бусурбаби гIаммаб къагIидаялъ суфиялги салафиталги ругин абизе бегьуларо. Гьелдалъун диалогалдаги кIиго рахъ букIине кколаро.
Гьеб цо. КIиабизе, диалогалъул цIакъ гIемер бицулаан, амма суал баккулеб гьечIо – къваригIун бугищ гьеб? ХIукуматалъ абизе бегьула чара гьечIого къваригIун бугин. Амма дида чанги росабалъ бихьана цо гIажаибаб жо. Цо-цо росаби руго кIиго джума-мажгит бугел ва чанги нухалъ дида бихьана гьел мажгитазул имамазе цоцалгун кIалъазе бокьун гьечIолъи».
Терроралъул масъала тIубаялда тIаса Казениница гьединго абуна, жинда кколарин терроризм тIибитIиялъе гIилла цо бугин. Мисаллъун гьес рачана изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаби.
Гьесул рагIабазда рекъон, гьел къукъабазда гъорлъ радикалияб диналъул тIалаб тIоритIулел гурелги руго, гIадатиял бандиталги руго, низам цIунулез гIакъубаби кьун хадур къисасалъе гIоло рачIаралги руго.
Гьелдалъун, эксперта абухъе, терроралъул суалал чанги батIиб рахъалдаса тIуразе ккола. Гьел рахъалги: социалиябгун-экономикияб ахIвал-хIал лъикIлъизаби, низам цIунулезул хIалтIи лъикIаб рахъалдехун хисизаби, гражданияб жамгIият гIезабиялъе кIвар кьей ва гь.ц.