Россиялъул цо-цо тIадтаразде санкциял лъазаруна Япониялъги. ТIибитIизабураб сияхIалде гъорлъе жубан буго 23 цIар. Япониялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул гьел цIарал загьирарун гьечIо, амма абулеб буго гьел кколин Украиналъул суверенитет во цолъи хвезабиялда хурхен бугел гIадамал.