28 апрелалдаги ГьоцIалъ ГЭС баялъул хIалтIи жеги чIовухъего буго. Гьелъие гIиллалъун буго ГЭС балезе кIиго моцIрол харж кьун гьечIолъи ва гьеб щвезегIан гIадамаз хIалтIуде рахъине инкар гьаби.
АнкьгIан мехалъ ГЭС чIун букIаниги жидер тIалабал тIуразе гIедегIулеб гьечIин нухмалъийилан лъазабулеб буго хIалтIухъабаз.
ГЭС баялъул хIалтIи гьабулеб ОАО «ЧиркейГЭСстрой» идараялъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго, гьеб базе тIаде босараб ОАО «РусГидро» -ялъ жидеца гьабураб хIалтIухъ гIарац кьолеб гьечIила, гьединлъидал хIалтIухъабазе харжал кьезе жидер ресги рекъолеб гьечIилан.
Жакъа къоялде щиб ахIвал-хIалин гьеб ГЭС балеб бакIалдайилан цIехезе «Эркенлъи» радияолъ бухьен гьабуна гьенив хIалтIулезул цояв ГIумаров Шамильгун.
Гьес бицана итни къоялъ ГЭС балеб бакIалда кинабгIаги хIалтIи унеб гьечIила. Акция байбихьун хадуб киналго хIалтIухъабаз гIахьаллъи гьабулеб букIинчIила гьелъулъ, гьанже гIадан хутIичIого киналго гIахьаллъулел ругилан, гьединлъидал ГЭС балелъуб хIалтIи гьабизе чиго хутIун гьечIилан.
ГIумаров Шамиль: «Жакъа хIалтIухъабаз чIезабуна плотинаялде чабахги, ракьги цойгидаб къваригIанщинаб жо баччулеб транспорталъулаб УМР (управление механизированной работы) идараги ва «Каспий СГМ» абулеб ГЭСалъул генераторал ракIарулеб идараги.
ЭР: Чан чи хIалтIулев гьел идарабазда?
ГIумаров Шамиль: «УМРалъул 50 гIан хIалтIухъан ватила «Каспий СГМ»-алъулалги тIаде журани кинавниги 250 гIан чи хIалтIилев гьечIин абибе бегьула.
ЭР: «ГIалиев НурмухIамад гурони нухмалъиялъул тIокIав чи вачIун вукIанищ нужгун дандчIвазе»?
ГIумаров Шамиль: «ВукIинчIо, цохIо жакъа бетIерав инженер вачIун вукIана УМРги «Каспий СГМ» ги хIалтIизе тейилан абун. Нижеца теларилан абуна.
ЭР: «КидаллъагIан гьедин чIезе ракIалда бугеб?
ГIумаров Шамиль: «ТIубан нижее кьезе кколеб харж кьун бахъинегIанха».
ТIоцебе ГЭС балезе харж кьунгутIиялда хурхун ахIи-хIур I5 апрелалда бахъинабун букIана, гьеб мехалда ОАО «Сулакэнерго» ялъул бетIер ГIалиев НурмухIамадица лъазабун букIана анкьидасан тIубалин жиндица гьеб суалилан.
Унголъунги, акьидасан цо моцIрол харж кьун буго хIалтIухъабазе, амма гьезул рагIабазда рекъон гьеб гIарац гIадамазул тIалабал тIуран гуреб, ГЭС балелъуре Москваялдаса чагIи рачIине кколел рукIиналъ, гьезда ГЭСалда хIалтIи чIун букIин бихьичIого букIиналъе гIоло кьун буго.
Москваялъулалги анила жидее кьезе букIараб хутIараб гIарцулги хабар къотIанилан абулеб буго ГЭС балез.
ОАО «РусГидроялъ» кьурал баяназда рекъон 4 млрд ялдаса цIикIкIун гIарац тIад харжгьабураб ГьоцIалъ ГЭС щай чIезе тун бугебин цIехезе, гьеб хIалтIухъабазул акция байбихьун хадуб «Эркенлъи» радиоялъ ОАО «ЧиркейГЭСстроялъул» бетIер МухIидинов МухIидинихъе ахIун букIана.
Гьеб нухалда МухIидиница бицун букIана жидеца гьабураб хIалтIухъ ОАО «РусГидроялъ» жидее 400 миллионалдаса цIикIкIун гIарац кьезе кколила, гьез гьеб бецIунгутIиялъ хIалтIухъабазе харажал кьезецин жиндир ресги хутIун гьечIилан.
Акцияги анкьица халат бахъанин, ГЭСалъул хIалтIиги чIун бугин гьел гIадамазул тIалабал тIураялъул щиб кколеб бугебилан цIехезе цIидасан бухьен гьабуна «Эркенлъи» радиоялъ МухIидиновасулгун.
Гьес бицана жеги ОАО «РусГидроялъ» гIарацги бачIинчIила, харжал кьезе гIарац гьеб идараялъ къарзалъ босулеб бугила, гьелда хурхун тIоритIизе кколел киналгIаги тадбирал лъугIичIого гIарац щоларилан.
МухIидинов МухIидин: «ОАО РусГидроялъ» харжал кьеялъе гIарац къарзалъ босулеб буго, гьелда хурхун киналго тадбирал лъугIун хадуб, гьаб моцIрол ахиралда гIадин щвела гIадамазе харжал.
Габ щинаб бараз ккеялъе гIилла буго ОАО «РусГидро» ялъ гIарац хадуб кьелинги абун нижеца хIалтIаби гьари, гьанжеялдаса нахъе тIокIаб гьедин гьабизе гьечIо. Гьез нижее кьезе буго 400 гIан миллион, чанго соналъ цебе Рихьуниб ГЭС балеб бакIалда гьарурал хIалтIабазухъцин 250 миллион кьезе ккола гьез».
1991 соналда байбихьун хадуб чIезабун цинги цIидасан базе лъугьараб гьеб Дагъистаналда 6 кколеб ГьоцIалъ ГЭС проекталда рекъон 20I3 соналъго лъугIизе кколаан, амма 2014 соналъгицин гьениб жеги гIезегIан хIалтIи бугин гьабизейилан лъазабулеб буго ГЭС балез.
Гьезул рагIабазда рекъон ГЭСалда хIалтIаби халатрахъиналъе гIилла буго гьениб хIажатаб техникаги, къваригIараб тIагIел-гIучIги цойгидаб хIажатбщинабги чIезабунгутIи.