Ссылки для упрощенного доступа

Сепаратистаз ккун буго Краматорскалъул машинаби риччалеб завод


Украиналъул Краматорскалда Россиялъул рахъ ккурал къуватал тIадекIанцIун руго Новокраматорскалъул машинаби риччалеб заводалде.

Гьелъул хIакъалъулъ Facebook-алда жиндирго гьумералда лъазабулеб буго Украиналъул рагъулабгун политикиял цIех-рехазул централъул бетIер Дмитрий Тымчукица.

Лъазабиялда абулеб буго, сепаратистал гьенире рачIанин кIиго автомобилалда. Гьез киналгIаги тIалабал загьир гьаричIин.

Гьеб коллеб буго жибго Краматорск баккиялъе багьаналъун ккараб завод.

КIвар буссинабулеб буго, гьеб машинаби риччаялъул рахъалдаса Краматорскалъе гуребги тIолабго дунялалъеги кколин бищунго кIудиял заводазул цоябин.
XS
SM
MD
LG