Бищун дагь босун 4 чи хун ва 30-гIанав лъукъун вуго рузман къоялда Пакистаналъул Карачи шагьаралда гьабураб кьвагьиялъул хIасилалда. Зарал ккун буго хIукуматалъул номерал ругеб лъабго автомобилалъе. Кьвагьиялъул жавабчилъи лъицаниги тIаде босун гьечIо гьанжеги.