Ссылки для упрощенного доступа

ОБСЕялъул вакил Донецкалда дандчIван вуго Россиялъул рахъ ккуразул лидералгун


Талат къоялда Украиналда ОБСЕялъул вакиль Марк Этерингтон дандчIвана Донецкалда административиял минаби ккурал Россиялъул рахъ ккурал «сепаратистазул» лидералгун.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Reuters агентлъиялъ.

90 минуталъ букIараб данделъиялда хадуб, Этерингтоница лъазабуна, минаби ккуразул вакильзабаз, Донецкалъул мэрас ва шагьаралъул милициялъул нухмалъулес загьир гьабунин жидерго позицияйин.

Дипломатасул рагIабазда, рахъаз гьоркьоб лъун буго диалог ва хIалуциналъул де-эскалация къваригIун букIиналъул ва зулму биччангутIиялъул суалал.

ОБСЕялъул вакиласул къиматалда гьел кIалъа-басаял рукIун руго «конструктивиял».
XS
SM
MD
LG