Крымалда ва Севастополалда бугеб Украиналъул ункъго банкалъул хIалтIи чIезабуна Россиялъул банкалъ. Гьел кколел рагIула украиналъул миллиардер Игорь Коломейскиясул «Приватбанк», гьединго «Всеуркаинаский акционерный банк», «Киевская Русь» ва «Имексбанк».
Централияб Банкалъул лъазабиялда абулеб буго, гьел къанин жидер ихтиярал хвезарурал клиентазул интересал цIуниялъул мурадалдайин. Гьел банказул клиентазе компенсация кьезе рагIула Крымалъул банказул клиентал цIуниялъул фондалъ.