Украиналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъ лъазабулеб буго президентлъун вукIарав Виктор Януковичил кIудияв вас Александр валагьулев вугин.
40 сон барав бизнесчияда гIунтIизабулеб буго документазда рекIкI гьабиялъул гIайиб. Украиналъул къануназда рекъон, гьединаб такъсиралъухъ 2-5 соналъ жанир тIамула.
Украиналъул информалатаз лъазабухъе, Александр низам цIунулезул вихьудаса вилун вуго 23 февралалда.
Гьесул капитал бахунеб буго 367-ялдаса 510 –ялде щвезегIан миллион долларалде. Информалатазул баяназда рекъон, Януковичил рагIула энергетикаялъул ва газгун тIурччи бахъиялъул чанго магIданги, «Маринсервис» абулеб бакIал раялъул компанияги, «Артемовск Вайнери» ва «Артвин» абулел гIаракъи гьабулел компаниялги, «Всеукраинский» абулеб банкги.
Живго Виктор Янукович Украиналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъ валагьулев вуго Киевалда февралалда гIемерал гIадамал чIвай гIуцIарав чи хIисабалда.