Ссылки для упрощенного доступа

Жанубияб Кореялда халат бахъунеб буго гlадамал ралагьиялъул операция


Жанубияб Кореялъул рагIаллъабазда бурум гъанкъиялъул хIасилалда хваразул къадар бахун буго 25 чиясде. ХутIарав 270 ялдаса цIикIкIун чиясул къисмат лъалеб гьечIо.
МухIкан гьарурал баяназда рекъон 475 чи тIад вукIараб бурум гъанкъун буго арбагI къоялъул радал. Гьезулги 325 яв вукIун вуго Чеджу абулеб чIинкIиллъи бихьизе унел рукIарал цо мактабалъул цIалдохъаби.
Хвасар гьариялъул операциялда гIахьаллъулел руго 500 лъелъ рукъун лъедолевги, 170 гамагун расаги, 30 тирелогун аэропланги.
Щай гьеб гъанкъарабали лъалеб гьечIо.
XS
SM
MD
LG