Ссылки для упрощенного доступа

Malaysia Airlines компаниялъул лайнер балагьиялъул хIалтIаби цIигьаруна


Шамат къоялда цIигьарун руго Malaysia Airlines компаниялъул билараб лайнер балагьиялъул хIалтIаби, гьебги «чIегIарал къалиязул» батарейкаби лъугIун рукIиналда специалистазул щаклъи букIаниги. Куала-Лумпуралдаса Пекиналде боржунеб букIараб «Боинг-777» билун букIана 8 марталда. Гьелда тIад вукIана 239 чи.
Индиялъул ралъдалъ гьеб балагьиялъул хIалтIаби ккана дунялалъул авиациялдаго бищунго хирияб гIадамал ралагьиялъул операциялъул. Гьал къоязда гьел хIалтIабазда гIахьаллъулеб букIана батIи-батIиял улкабаздаса ичIго рагъулаб ва цо гражданияб авиалайнерги, 14 гамаги. ХIалтIаби тIоритIулел руго Австралиялъул лъел рагIаллъабазда 41 азарго квадратияб километралъул манзилалда.
XS
SM
MD
LG