Ссылки для упрощенного доступа

Пропагандаялъул хашлъаби


Андрей Петков, НТВ
Андрей Петков, НТВ

​Россиялъул пачалихъияб телевидение тIадккун буго пропагандаялъе чорокал къагIидаби хIалтIизарулеб. Гьелъ батIи-батIияб каналалда бихьизабуна кIиго интервью. Цоялда вихьизавулев вукIана «къватIисеб пачалихъалдаса мухьдахъ вагъизе вачIарав чи» цогиялда «Россиялъул рахъ ккурав патриот». Амма гьеб кIиябго интервьюялда вихьизавулев чи вукIана цого чи.

Лъай хъвай гьабе- Андрей Петков. Щив чиха гьев ва щиб гьес гьабураб гьев лъазе ккани?

20 сон цебе Андрей Петков гочун вукIана Алманиялде, амма дагьаб цебегIан гьев ватун вуго Украиналъул Николаев шагьаралда. Гьев гьениве вачIун вуго Россиялдехун цIайи цIикIкIарал демонстрантазде дандечIей гьабизе.

Гуро. 40 сон бугев Андрей Петков вуго Россиялъул рахъ ккурав патриот. Гьев «гIадатияб куцалда» ун вуго централияб майданалде Киевалда бугеб «радикалияб» нухмалъиялде дандечIей гьабизе.

Гьа, щивха кколев гьев Андрей Петков? Гьеб бараб буго Россиялъул телевидениялъул мун валагьулеб каналалда. Пачалихъалъул кверщаликь бугеб НТВ каналалъ Андрей Петков вихьизавуна Алманиялдаса майданалъул гIахьалчагIазе бикьизе 500 азарго евроги босун вачIарав чилъун. Гьев ккун вуго кваранаб секторалъул ультранационалистазда ва Россиялъул рахъ ккурал демонстрантазда гьоркьоб букIараб тунка-гIусиялде гьоркьове ва гьанже бохги мегIерги бекун азарханаялде ккун вуго.

http://www.ntv.ru/novosti/895499/

НТВ телеканал: «Гьаб сагIат гьев вегун вугеб рукъ лъикI цIунун буго. Нижер корреспондентазда бажарана гьевгун эксклюцивияб интервью гьабизе».

Гьедин бицунеб букIана НТВ телеканалалъ Андрей Петковги вихьизавулаго.

Живго Петковасги интервьюялда абулеб букIана 7 апрелалда жив вачIанин Киевалда протесталъул лагералде. Гьений жинда йихьанин квер бекарай гIадан, амма гьелъие кумек гьабизе жив вортараб параялдаго гьеб бакIалда рукIарал ракълилал демонстрантазде тIаде гьужум гьабунин мехтарал гадамазl хъуй бахъинабулел гранатабиги рехулаго, гlадатиял гIадамазда резинадул тIилалги кьабулаго ва яргъица хIинкъабиги кьолагоян бицунеб букIана Петковас.

Андрей Петков: «Щуго минатулда жаниб хисана дир гIумру.Нужер шагьаралда цо сордо-къо гурони бачIо дица, гьеб къоялъулги къасиялде дун чIвазе дагьалъ хутIана».

Петковас абулеб буго жив вугин жиндие цIар бицине бокьун гьечIеб къукъаялъул гIахьалчийин ва жив витIун вукIанин Россиялъул рахъ ккурал демонстрантазде данде вагъизейин.
Гьесул бицунаго НТВялъ абулеб букIана гьев вугин Алманиялда мухьги кьун ккурав украинавин ва кваранаб секторалъе кьезе 500 азарго евроги босун вачIун вукIанин гьевин. Гьел баянал кьолел руго НТВялъул сайталдаги.

НТВялъ жидер эксклюзивияб интервью абун кьураб баяналъе дагьабги кIудияб ракурс гьабун буго Россия 1 телеканалалъ.

Гьез Андрей Петков вихьизавулев вукIана радикалаз вухун азарханаялде ккарав бакIалъул чи хIисабалда. Гьаб нухалда гьев вегараб бусеналъул бетIералда, бихьулеб бакIалда, бухьун букIана чIегIарбгун курактIогьилал мухъал ругеб «георгийил» абулеб чIологи. Гьеб буго Россиялъул рахъ кколел протестчагIазул символ.

Россия 1 телеканал: «40 сон барав Андрей ПЕтковасда жеги бащдаб лъагIалица жиндирго бохдузда вилъине кIвезе гьечIо. Гьаб сагIаталда гьев хIадурлъулев вуго операциялде. 7 апрелалда Андрей гIадатияб куцалда вачIун вукIана централияб майданалде цIияб нухмалъиялъул ишазда жиндирго разилъи гьечIолъи рагьун загьир гьабизе. Амма ракълилаб процессалде, ракIалдаго гьечIого, тIаделъун руго радикалал. Гьез гьениб хъвехъун балеб букIана».

http://www.vesti.ru/videos?vid=590739

Живго Петковас гьеб каналалъе гьадин бицунеб букIана жиндие ккараб.

Андрей Петков: «Ракьалда тIад гIодов вегун вугев дир ботIрода таманчаги тункизабун гьес абулеб букIана "георгийил чIоло" нахъе кьейин гурони жинца мун чIвазе вугин. Дицаги абуна чIваниги кьеларин. Кьвагье дургойин. Цинги рекерун рачIарал ясаз малалги ран вахъинавуна гьев чи дида тIаса».

Хадуб гьеб каналалда бицунеб букIана Россиялъул рахъ ккурал ракълилал гIадамазул акция нахъе хъамизе автобусал цIун рачун рачIунел радикалазул ва бихьизабулеб букIана гьез, каналалъул баяналда рекъон, гIадатиял акциячагIазде данде хIалтIизабулеб ярагъги.

Ахиралдаги щивха кколев Андрей Петков? Жеги мухIкан лъалеб гьечIо. Россиялъул бищун кIудиял пачалихъиял телеканалазул лъабабилеб-ТIоцебесеб каналалъ гьеб хIужаялда сверун кинаб букIаниги баян кьечIо.

http://www.ntv.ru/novosti/895499/

http://www.vesti.ru/videos?vid=590739
XS
SM
MD
LG