Багъдадалда арбагI къоялъ гьарурал терактазул хIасилалда 20-гIанасев чи чIван вуго, гIага-шагарго 50 чи лъукъана.
ГIиракъалъул прессалъ лъазабухъе аслияб къагIидаялда кьвагьиял рахъана шиитаз гIумру гьабулеб махIлаялда.
Щалали лъаларез гьенир хIалтIизаруна автомобилазда жанир рахчун тарал кьвагьулел алатал.
Гьеб зулмуялъул жавабчилъи тIад жеги лъицаниги босичIо. Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул баяналда рекъон гъоркьиса ГIиракъалда гIаммаб къадаралда гIага-шагарго ичIазарго чи чIван вуго терактазул хIасилалда.
30 апрелалда ГIиракъалда тIоритIила парламентиял рищиял.
ГIиракъалъул парламенталда бугеб 328 бакIалъе гIоло гьел рищиязда гIахьаллъила ичIазаргогIан кандидат.