Крымалъул татаразул халкъалъул Мажлис хIадурлъулеб буго Крымалъул букIинеселда хурхун жидерго халкъалъул ругел хьулал загьирлъизабулеб референдумалде.
Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Мажлисалъул референдум хIадурулеб хасаб къокъаялъул гIахьалчи Абдураман Эгизица.
Гьеб референдум дунялада къабул гьабулеб букIиналъул мурадалда, гьесул рагIабазда, гьелде хIадурлъизе руго ООНалъулги ОБСЕялъулги идарабазулгун контакталги ккун.
Цебе гьединаб референдум тIобитIиялъул инициатива загьир гьабун букIана Крымалъул татаразул халкъалъул лидер Мустафа Джамилевас.
16 марталда тIобитIараб Крымалъул статусалда хурхараб референдумалдаса Крымалъул татараз инкар гьабун букIана.